Ч1ахъаби гьаб замана!
Рек1ел къасдал жагьилаб,
Гьудул-гьалмагъ жагъалаб,
Жах1да-х1усуд кутакаб,
Какил адаб лъуг1араб,
Г1арац-месед хирияб,
Хиянаталъ ч1ел ккураб,
Чахъаги гьаб замана!
Х1асад цоцал ц1ик1к1араб,
Ц1али-г1елму рихараб,
Рах1му-гурх1ел к1очараб,
К1игьумерчилъи гьарзаяб,
Зулму-питна даимаб,
Рах1ат-х1алхьи лъуг1араб,
Г1аданлъи-нич т1аг1араб,
Т1аде щвараб замана!
Нафс квегъизе к1олареб,
Гъибат-бугьтан хирияб,
Хаслъи цоцал ц1ехолеб,
Ц1огьал гьайбатго ругеб,
Рукъзал ч1ах1иял ралеб,
Ч1ух1и жеги х1алт1улеб,
Х1алт1ич1ого кваналеб,
Ч1ахъаги гьаб замана!
Заманалда г1айиб ч1ван,
Г1узраби лъуг1инаро,
Г1амал хисун хьвадани,
Сверухълъиги сахлъила.
Свидетельство о публикации №226090800384