Жакъа гьабураб лъик1лъи-метер къоялъе т1ок1лъи

Рииялъ хинлъи кьола,хаселалъ квач рехула,
Раг1уца г1адан лъала,г1амал ч1ух1ун хьвадуге.
***
Гьерсил мац1 къокъаб буго,къадруялда хьваде мун,
Къвариг1ел гьеч1еб хабар воре дуца бицунге.
***
Дунял г1езабурабги г1адамасул мац1 ккола,
Дунял бихизабулебги г1адамасул мац1 ккола.
***
Г1акълу мегежгун цадахъ бижулеб жо анани,
Ал т1олго г1адамаца мегеж жибго телаан.
***
Бецлъиго лъик1аб буго г1акълу гьеч1ев чиясе,
Г1адалаб бет1ер бугел х1ат1аз чурхъун рехула.
***
Гьагав чиясул бет1ер мех щвелалде хъах1лъула,
Хъазан хьагиниб белъун балканалъул гьан кунге.
***
Нац1ида ццин бахъун ц1аха бух1арас,
Ц1улада ццин бахъун г1ашт1и бух1уге.
***
Гурх1ел гьеч1еб рек1едаса рахъдал ц1ураб чедго лъик1,
Хисардулев росасдаса рач1 гьеч1еб г1акаго лъик1.
***
Сордо ц1ехон ц1огьодарав ахир-къадги т1атула,
Т1агърида рукъи баге т1ажу бихъун бук1аго.
***
Рохьоб батун бац1икьа т1уризе жив лъугьарав,
Т1убан виха-хочиялъ цида реч1ун раг1ула.
***
Лъеца киг1анги къвак1араб ганч1ил сали гьабула,
Сахлъи ц1уни щивасул бищун аслияб мурад.
***
Ч1ужуялъ вас гьавуни рукъалъул къед бохула,
Ч1ужуялъ яс гьаюни росас бет1ер къулула.
***
К1удияб хъизаналъул ургъел г1емер бук1уна,
К1удияб гъот1одаса пихъ г1емераб бач1уна.
***
Ракьалда бижулареб хвелалъ нахъе унаро,
Ниг1мат дуе Кьурасул даимаб адаб гьабе.
***
Гьаб дунял-мали буго маян нилъее кьураб,
Цоял эхе къокъунел,цоял т1аде рахунеб.
***
Щибав чиясул рек1елъ к1удияб гъалбац1 буго,
Къуват ц1ик1к1араб бугин бубудизе лъугьунге.
***
Намус,ях1,адаб-хъатир бичун босе-щоларо,
Щай нилъеда к1очонеб умумузул васигат?
***
Балагьараб мехалда г1унк1азе катидаса,
Кутакаб хъумур гьеч1о ракьалда т1ад кибниги.
***
Кванилъ рас батанани бугьтанал лъолев чияс,
Чагърилъ батараб т1ут1 т1аде вахун мерхьула.
***
Къасе ц1огьодула,къад какал рала,
Огь,Аллагь гурх1аян,рах1му гьабеян.
***
Г1анк1уялъ хоно гьаби-гьадингояб иш буго,
Ханидасан г1анк1у лъвин г1ажаибаб жо гьеч1ищ?
***
Х1еренаб раг1и бицун гаргадизе лъалесда,
Борхьил мац1ги бич1ч1ула,х1анч1ил гаргарги лъала.
***
Ц1огьорас бикъун сапун г1емер мехалъ хут1ич1о,
Гьеб полпиде сверана цо сордо рогьиналде.
***
Цо т1егьалъги ихдае щиб асарха гьабилеб,
Цох1о гьудул гьеч1есги яшав кинха г1уц1илеб?
***
Бац1 гьеч1еб рохь бук1унищ,би гьеч1еб черх бук1унищ,
Берал гьеч1еб рух1 бугищ,ц1ар гьеч1ев г1адан вугищ?
***
Пихъ гьеч1еб гъот1оде ганч1ал рехуге,
Рек1унареб ц1еда ц1игьан бежуге.
***
Нухда г1одов ч1арасда т1аде щолев мехалда,
Нух бит1агиян салам кье,сабруялда гаргаде.
***
Г1арац били -бигьаяб жо,гьелъул ургъел гьабуге,
Чорхол сахлъи лъуг1ани,т1олго дунял бец1лъула.
***
Ц1ан бач1они гьан хола,гьелъул хиял гьабуге,
Х1алт1уде рокьи гьеч1ев -ракьулъ лъураб жаназа.
***
Вакъарасда кьижидал чадил кесек бихьула,
Къечон боснив вегарав лъел ургъелалъ ворч1ула.
***
Дуца жакъа ц1унараб метералде батулеб,
Бот1роца пикру гьабун адабалда хьваде мун.
***
Зах1мат хирияв чияс херлъиги къезабула,
Хур ихдаде х1адуре,рии т1ок1аб бук1ине.
***
Къасе дуца абуге дун берцинав вугилан,
Сордо рогьун къалъидал берцинлъи дур т1атулеб.
***
Дуца гьекъараб чагъир черхалда хех бессула,
Чадил кесек кванани къуват чорхол ц1ик1к1ула.
***
Цо къоялъ жив мехтарав анкьица боснив лъола,
Вай-вай дир бет1ерилан т1аде босун гьекъола.
***
Мехтидал чолъун к1анц1ун,чияда бугьтанал ч1ван,
Вигьиндал берал рац1ц1ун дица гьабураб щибан.
***
Х1абургъун г1ор чвахани чармил кьоги чурхъула,
Чагъир гьекъон хьвадани чорхолъ г1узру ц1ик1к1ула.
***
Киг1анги бац1адаб чогъроца г1адан чорок гьавула,
Гьекъоге ,г1олохъаби г1умру бух1улеб загьру.
***
Х1алт1уца г1арац кьола,г1аракъиялъ гьеб куна,
Г1емер лълъарал рорхарас рукъалъул къед бичула.
***
Чогъроца нусго унти сах гьабулеб батани,
Гьелъ нусабго унтуе рек1еда бусен лъола.
***
Наялъ хеч къазабула гьелъий г1акъуба кьуни,
Г1адамазе кьал ах1ун инсул росулъ хьвадуге.
***
Дуца киг1ан г1емер какал раниги,
Г1амал хисич1они хайир щоларо.
***
Лъик1аб куялъул багьа-г1иязул рехъен буго,
Г1ака какун нах кунге,рос какун рукъ кванаге.
***
Мунго херлъич1они лъаларо дуда,
Херлъиялъул къимат,хирияв гьудул.
***
Г1емер чордеч1они сапун барщула,
Рац1алъи ц1унизе дуда т1адаб жо.
***
Рогьунареб сордо дида батич1о,
Рагьуларел нуц1и ратула жеги.
***
Г1анк1у лъим гьекъолелъул зодобе балагьула,
Ду1 х1алт1и гьабуразе баркала кьолеб г1адат.
***
Мац1ада гьоц1о бугел дида г1емер ратула,
Рек1еда загьруги тун гьимун хабар бицунел.
***
Мехтарав ватани гьесда тункуге,
Гьев живго вортула мун хъвач1ониги.
***
Лъимер гьабилелде рет1ел лъут1уге,
К1олареб х1алт1иги т1аде босуге.
***
Щибаб т1агъуралъулги бот1рода лъолеб г1адат,
Г1ораз,лъарал,лъинаца ралъад ц1ехолеб г1адат.
***
Х1инч1 жиб т1ад решт1ине гъут1буздехун боржуна,
Амма раг1араб гуро гъот1оца х1инч1 ц1ехолеб.
***
Дий гьалбал рокьула рек1елъ нич бугел,
Къвариг1ел ккаралъур кирго ратулел.
***
Бац1адаб меседалда кьаву ч1валин абулес,
Ч1обогояб чвантаялде ц1урабинги абулеб.
***
Къварилъи г1емеразул г1умру кьог1аб бук1уна,
Кьват1араб мат1уялъги сипат хисизабула.
***
Х1анч1азе хириял куркьбал ратани,
Дие гьудулзаби руго хириял.
     ***
Гьерсил кьалбал къот1е кьабун ханжаргун,
Гьуинаб мац1алдаги загьруяб хеч батулеб.
***
Варанилъун кванан,кетолъун хьвадун,
Кинаб яшавг1аги дуца гьабулеб?
***
Дуца г1адамазда бугьтанал лъоге,
Лъалареб жоялде лъалин абуге.
***
Г1адамасул г1акълу санабалъ гуро,
Г1адамасул г1акълу бот1ролъ бук1уна.
***
Бет1ералъул мурад-к1одолъи гуро,
К1алалъулги мурад берцинлъи гуро.
***
Ццидалаб рак1 бугев хехго херлъула,
Херлъун хадуселъ г1умру г1азабаца к1век1ула.
***
Ц1адаца виччилилан т1уризе жив лъугьарав,
Т1аде гороги г1унт1ун г1одилаго вач1арав.
***
Мац1алда ракьа гьеч1ин рак1алде дуда ккоге,
Дагьаб ракьа гуро гьелъ гъура-чункун рехулеб.
***
Хонжроца лъураб ругъун даруялъги сахлъула,
Амма к1алзуца лъураб ругъун кинха сахлъулеб?
***
Гьерсил кьалбал ратула турараб гъот1ол г1адал,
Г1адамазулъ лъик1 вук1а г1умру сахаб бук1ине.
***
Лъик1аб къоялъе къимат цудунго радал кьола,
Ц1ияб соналъул лъик1лъи ихх бач1индал бич1ч1ула.
***
Лъималазе тадбир гьабизе лъач1ел,
Ургъелаз ракъвала,хекко херлъула.
***
Нилъер рак1азулъги руго сухъмахъал,
Къваридал,г1ат1идал, къимат ц1ик1к1арал
***
Нилъер гьумер буго рак1алъул мат1у,
Т1екъабги бихьулеб,лъик1абги лъалеб.
***
Хисардулев гьудулги рек1унареб ц1аги,
Бищунго г1адамазе г1узрулъун ч1олеб далил.
***
Жеги раг1араб гуро г1акаялъ хух гьабунин,
Анищазул хурзабахъа хирияб ролъ бач1анин.
***
Дуй лъик1лъи гьабурасе гьумер бук1к1инабуге,
Гьоболлъун т1аде щварав нуц1а къан къват1ив тоге.
***
Х1ац1у тун сунеб ц1а ц1акъго къанаг1атаб жо,
Ц1алк1уялъ лъимги барччун гьагаб х1алт1и гьабуге.
***
К1иябго квер буго х1алт1изе кьураб,
К1иябго бер буго канлъуе кьураб.
***
Мегеж халаталги г1акъилал гуро,
Г1арац ц1ик1к1аралги бечедал гуро.
***
Бац1ица г1амал хисун г1умру гьабулебани,
Г1иял т1олго рехъаби къадар т1ок1ал рук1ина.
***
Гьудул-гьалмагъ рихарал талих1 гьеч1ел рук1уна,
Г1ададайищ квералъе щуго килищ кьун бугеб?
***
Цо кьабураб г1ошт1оца ц1улал х1ехь къот1уларо,
Къуват ц1ик1к1араб бугин веццардизе лъугьунге.
***
Зах1мат рихарасе хинк1ал рокьула,
Зах1мат хириясе х1алт1и бокьула.
***
Х1алт1ул бицен гьабидал бет1ер унтулел,
Гьудулзаби кинал дихъе рач1арал?
***
Г1акълу т1абиг1аталъ ирсалъе кьола,
Амма гьеб щивасе бащад щоларо.
***
Дурго ах бук1аго хьулдаруге мун,
Чияр ахикь ругел пихъил гъут1бузде.
***
Рек1елъ намус бугев маг1арул васас,
Жанив г1араб рукъалъе г1ураб хъулухъ гьабула.
***
Устарас гьабураб т1аг1ел т1аде балагьун лъала,
Гъут1бузул пихъил т1аг1ам кванани загьирлъула.
***
Унтараб мехалда угьди бахъинч1ев,
Унтарав кколаро-вегарав ккола.
***
Кванил т1аг1ам лъала цаби-г1усал ругезда,
Т1аг1ам гьеч1еб квание сунцаха къимат кьелеб?
***
Щибасул бук1уна рек1елъ къварилъи,
Рокьуца,бугьтаназ бусенги т1амун.
***
Цо-цо чаран батула бихьизе ц1акъаб,
ц1улада лъулъанани к1их1и бекун бач1унеб.
***
Рукъалъе кьуч1 лъеч1ого къадал гьаруге,
Кьолоч1еб х1амида лъун рохьоса ц1ул баччуге.
***
Гьекъолеб жоялъул къадар лъаларес,
Гьекъоге г1емераб г1аракъи-чагъир!
***
Т1аг1ам лъадал хирияб,вас гьавидал хирияб,
Гьабго кинаб г1аракъи лъел бак1алда гьекъолеб?
***
Ицц бакъвани лъала лъималъул къимат,
Къадру гьабе дуца гьаб ниг1маталъул.
***
Мац1аз чанги рукъалъул къадал чучлъизаруна,
Мац1аз чанги чиясул г1умру къокълъизабуна.
***
Г1адамасул хасият -хисардулеб гьава-бакъ,
Воре т1екъаб раг1уца рек1елъ ханжар кьабуге.
***
Намус гьеч1ев чиясул чанго гурде бук1уна,
Щибаб къоялъ хисулеб щаклъи ккелилан х1инкъун.
***
Г1акъилаб раг1уцаги рек1ей асар гьабула,
Гьересияб раг1уца г1умру сог1лъизабула.
   ***
Кьог1аб «лъим» г1емер гьекъей-г1умруялъе загьру кьей,
Г1адамал цоцалъ рекъей-ракьалда талих1 бекьи.
***
Г1амал-хасият квешлъи-кутакалда хашаб жо,
Халкъалъе лъик1лъи гьаби-лъуг1и гьеч1еб баркала.
***
Бот1рол расал хъах1лъарал г1акълу т1ок1ал кколаро,
Г1адан гуккизе лъалел воре аск1ор риччаге.
***
Г1емер ц1огь гьаулелги ц1акъго хехго т1атула,
Т1ат1ул чед рокъобги тун мохмохалде вортуге.
***
Гьудл-гьалмагъ какуге,квешалда т1ад рекъоге,
Къват1ахъ саяхъго хьвадун сси хварал жал гьаруге.
***
Воре чорокаб раг1и киназдего гьурщуге,
Квешаб заралъ к1алалъе к1удияб г1узру кьола.
***
Бак1аб х1алт1и гьабизе гьунар бугин к1алъаге,
Гьалагаб унти бач1ун боснив ккезе бегьула.
***
Къо х1ехьезе к1оларел,к1алалда пагьму гьеч1ел,
Гьодорал раг1абазул гьудулзаби щибизе?
***
Г1емер къват1ал тируге,тушманасда божуге,
Батулареб,щолареб щвезе т1алаб гьабуге.
***
Гьит1инаб х1алт1уцаги х1асил к1удияб кьола,
Кьалбал гучаб гъот1оца бач1ин ц1ик1к1араб кьола.
***
Гьумер баг1арлъулеб раг1и бицунге,
Раг1арабщиналъул щур-щур гьабуге.
***
Ургъел г1емерлъани г1азаб ц1ик1к1уна,
Г1ужда кьижич1они макьу бихула.
***
Къарумасухъа босун налъиги лъугьунаро,
Наялъухъе гьавудун гьоц1оги бач1унаро.
***
Дуца г1умруялъе хайираб х1алт1и,
Херлъи решт1иналде гьабе г1олилав.
                1980-1990 сонал


Рецензии