Г1узраби, г1узраби...
Бет1ер свакалилан багьана батун.
Бицунеб мац1алъул ц1ек1аб хасият,
Хасаб буго жакъа къарнудал нухда.
Къиматал асарал,сарин-назмаби,
Сакъат ккун ургъалилъ гъаримго руго.
Рек1ел ургъел бикьун накъит гьабизе,
Гьеч1о щолев г1адан г1умрудал нухда.
Г1агараб маг1арул бац1ц1адаб калам,
Муг1рузул росабалъ лъуг1улеб буго.
Бицунеб,бицунеб-х1асил кьолареб,
Бах1сал руго жакъа зодил гъугъайлъун.
Кинидахъ ах1арал х1асратал куч1дул,
Кире гъол т1аг1арал,г1айибияв щив?
Шиг1раби,къисаби ц1ализе лъалел,
Цалдохъаби хъирще-ратуларо гьел.
Гьал рек1ел унтаби,ургъалил гъугъай,
Улкаялда жанир женжелел руго.
Росаби ч1унтараб,ракьал унтараб,
Рах1ат хвараб заман рагьде бач1араб.
Рух1ияб рахъалъул хъарцинлъи лъвараб,
Лъавукълъи къуватлъун нилъеца тараб.
Тарбия-адабалъ къо-лъик1 гьабураб,
Къоло цоабилеб решт1ана г1асру.
28.09.2026 с
Свидетельство о публикации №226100701170