Рач1а ургъизин

Муг1рузда г1урал нилъ г1амалги хисун,
Хиянатаб нухде сверулел руго.
Расулил раг1аби г1ад-хоч1ги гьарун,
Гьанже мац1алдаса мах1румлъун руго.

Маг1арул мац1алъул къадру ц1унеян,
Къиматаб васигат умумуз тана.
Амма гьелъул ургъел гьаббулел жакъа,
Росабалъ,шагьаралъ лъуг1улел руго.

Лъил амру т1убалел аварал жакъа,
Рух1ияб хазина хвезеги гьабун?
Гьелде к1вар кьеч1они к1велищ нилъеда,
Нахъа рач1унезе гьеб ц1унун тезе?

Ц1адаса Х1амзатил, Ч1анк1ал,Мах1мудил,
Мах1го хут1иларо,хиял гьабуни.
Хвел гьеч1ел асарал квер хьваг1ун тани,
Тарих т1аг1ун хут1и рогьо-нич гьеч1ищ?

Рагьде бач1ун ч1араб ургъел гьеч1олъи,
Умумул х1инкъараб,къадру билараб.
Къо цебе бук1аго рач1а ургъизиин,
Унтуй дару батун дарман гьабизин.

Дунялго бахилаб маг1арул гьаб мац1,
Миллаталъул гъунки гъарим теларин.
Малъе лъималазда маг1арул гьаб мац1,
Метер кват1ун ккани квеш ккезе бугин.
               
                12.03.2026 с


Рецензии